Benchmarks
View scores and output across OCR models spanning many document categories.
Want to run these evals on your own documents?
Talk to Sales3
пластмассаялъулгун пластикалъул тIагIел-алатазул. Гьеб ишалъулъ бищун хIаракат бихьизабунрал классазе кьуна гIарцулал призал, баркалаялъулал кагъталгун грамотаби.
ЦIалдохъабаз ва росдал гIадамаз пластмассаялъулгун пластикалъул тIагIел-алатал ракIари гьоркьоб тун гьечIо. Гьез бакIарараб пластикалъул тIагIел-алат цIадирабазги цIан къабулги гьабун, гьезие администрациялъул бетIерасул рахъалъан гIарац кьола. Гьеб тадбиралъул хIакъалъулъ хассаб передача бахъизе рачIун рукIана нилъер республикаялъул телевидениялъул хIалтIухъабиги. Хадубккунги тIобитIизе росда сверухъ, нухал-къватIал, шагьранух ва тIолго хIухьбахъиялъулал авалал пластикалъулал тIагIел-ататаздаса рацIад гьабиялъулал хIалтIаби тIоритIизе руго. Масала, хIисабалда босун буго цIергун цIорол алатал ва макулатура батIа-батIаго бакIаризе. Гьеб хIалтIуеги хIадурлъи гьанжего гьабизе байбихъун буго.
Росдал къватIал ракIари ва пластик данде бакIаризе тун йиго хассай хIалтIухъан. Гьеб иш тIубазабула Вагьабова БатIиматица. Лъелгун канализациязул иш тIубазабула кIиго хассав гьелъие тарав хIалтIухъан-Бахъулов ГIумарица ва канализация Уллаев Таймуразица.
Гьединго росдал памятникалда гъоркь бугеб авалалда ва Сагитов ПатахIил рукъалдасан гIодобе 20 метр лъел тоннель къачIана. Дамаданов Маликил рукъалдасан Тавакказул рукъалдехун щвезегIан 40метралъул канализация лъуна.
Социалиябгун экономикияб рахъалъ росу цебетIзаби мурадалда гIуцIараб хассаб фоналъул хIисабалдасан (ФСЭРС) 40 азарго гъуруш биччана «ЦIияб Сугъралъ» лълъел хIавуз-водосборник базе.
Ниж балагьун руго «Росдал меэр - Сугъралъ» ва «ГIорда - Сугъралъ» цIияб лълъел мухъ рагьиялъухъ.
2013соналъул масъалаби:
2013соналъул масъалабилъун ккола:
-росдада жаниб бугеб лълъел ва канализациябазул карта гIуцIи;
-канализациялде ва лъел мухъалдасан гIадамаз рогIрал рачиналъул ишалда хадуб халквей букIинаби;
-гьоркьоб къотIичIого гIадамазул рокъоб лъим чIезабиялда хадуб халкквей букIинаби;
-лълъел мухъ хIалтIизе биччаялъе ихтияр кьей тIалаб гьаби.